О нас

Район г1уц1аралдаса байбихьун х1исаб гьабуни щаклъи гьеч1о бечедаб буго Унсоколо районалъул маданияталъул тарих.

80-сонил тарихалда жаниб бат1и-бат1ияб заманаялда  районалда рахъана г1емерал гьунар бугел, жидерго ракьалъул культурагун искусство ц1унулел махщел камилал маданияталъул х1аракатчаг1и.

Маданияталъул идарабазул х1алт1и лъик1аб даражаялде бачиналъул к1удияб бут1а лъуна бат1и-бат1ияб заманаялъ районалъул культураялъул отделалъул нухмалъуда рук1арал Тажудинов Мух1амадица, Г1усманов Х1амзатица (Гьоц1алъ), Г1абдулаев Расулица (Гьарак1уни), Мух1амаев Х1ажияс (Унсоколо), Мух!амадов Х1айбулагьица (Рихьуни), Мух1амадов Сулейманица (Хъах1абросу).

Маг1арул коч1олаб искусство цебет1езабиялъулъ жидеего хасиятаб лъалк1 тана Гьарак1униса Г1айишатица, Генуса Ума Нурмух1амадовалъ, Г1айишат Мух1амадовалъ, Г1ашильт1аса Т1агьаца, Аминица, Написат Исх1акъовалъ. Гьезул ирс босарай Дагъистаналъул халкъияй артистка, РФялъул ва ДРялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан, ансадерил булбул Патимат Магаевалъул гьаракьалъги, кеч1 ах1иялъул хаслъиялъги х1айран гьаруна маг1арулал гьелъ кеч1 ах1изе байбихьараб къоялдасаго байбихьун. Районалъул г1адамазе культурияб х1ухьбахъи г1уц1иялъулъ ц1и-ц1иял ресалги, къаг1идабиги ратун х1алт1улеб буго жакъа Унсоколо районалъул культураялъул управлениеги гьелъул росабалъ ругел культураялъул учреждениялги.

Районалда буго 63735 т1ехьги жаниб бугеб, жиндир 18 филиалги бугел библиотекабазул цолъи. Гьеб рагьараб 1979 соналдасан байбихьун 37 соналъ централияб бибилиотекаялъе нухмалъана Написат Г1абдурах1мановалъ. Гьелдаса хадуб 2008 соналдаса байбихьун жакъа къоялде щвезег1ан нухмалъи гьабулеб буго Аг1ищат Г1абдурах1мановалъ.

Районалъул культураялъул управлениялде гьоркьоре унел 9 культураялъул центразги, 7 Россиялъул халкъазул маданияталъул центразги, искусстовоялъул школалъги бажари гьунар т1ок1ал махщелчаг1и данде гьарун бажарарабщинаб х1алт1и гьабулеб буго районалъул маданияб г1умру борхизабизе. Рецц-бакъалъе мустах1икъал руго Шамилхъала посёлокалъул, Унсоколо, Г1ашилт1а, Ц1ат1анихъ, Хъах1абросо, Гьарак1уни росабазул культучреждениял.

1997 соналъ районалъул культураялъул управлениялда цебе г1уц1араб «халкъияб» ц1ар щвараб фольклориябгун хореографиялъул ансамбль «Унсоколо» район, республика ва улка бахун къват1ибехунги г1ахьаллъула.  2006 соналъ Польшаялда т1обит1араб халкъазда  гьоркьосеб фольклоралъул халгьабиялда «Унсоколо» ансамбль бахъана лауреатлъун ва цо чанго нухалъ т1олгороссиялъул даражабазул фестивалазул дипломантлъун. Гьединго районалда руго ансадерил искусствоялъул школалда цебе г1уц1араб «Муг1рузул талих1», «Гъойсу», г1олилазул «Маг1арулай» ва вокалиябгун инструменталияб «Ансал» ансамблял. «Муг1рузул талих1» ансамбль ккола т1олгороссиялъул даражабазда т1орит1арал цо чанго къецазул, фестивалазул лауреат. Рехсеч1ого г1оларо г1исинал кьурдухъабаз машгьураб «Рогьалил ц1ва» телепередачаялъ россиялъул даражаялда т1обит1араб конкурсалда босараб т1адег1анаб Гран при шапакъат. Ансамблялъе лъеберго соналъ нухмалъи гьабулеб буго ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Мух1амад Мух1амадовас. 80 сонил тарихалда жаниб районалъул маданият ц1униялъе х1алт1и гьабуралщиназул ц1арал гьанир рехсон х1ал к1веларо, гьезул щивас жидерго бажариги, гьунарги кьуна г1агараб районалъул г1умру берцин гьабизе.